тема: "Дагъистанальул Альпаби"
Дагъистаналъул мугIрузда буго кIудияб къисматалъул, сахал гIадамазул гIажаибаб росу. Гьеб гьитIинаб росдал буго бечедаб тарих, гьенир руго жидеего хассаб намусгун яхIгун, ритIухъаб яшавалда ругел сахал гIадамал. Клавиша мерхьарабго нуж гьеб росулъе щвела.
Асфальт бачIана ЧIиркъатIе

Жакъасеб къоялъул сахал нухал руго ЧIиркъатIе. Росулъ аслиял къватIаздеги тIун буго асфальт
ЦІалун рахъарал ЧСШ 1971 соналъе

1971 соналъ ЧIиркъатIа гьоркьохъеб школа лъугIаразул гIумруялдасан
Билараб рокьи

Гьаб иш ккана 1972 соналъул риидал. Дун вукIана МахIачхъалаялда пединституталъул математикаялъул факультеталъул кIиабилеб курсалъул студент. Риидалил сессиялъул экзаменазул заман букIана гьеб. Ингилис мацIалъул экзамен кьолев вуго дун. Школалда цIалулеб заманалъго анищ букIана дир батIиял улкабазул мацIал лъазаризе. Ва гьале институталде цIализе лъугьарабго тIоцебесеб курсалдаго дир анищ тIубаялде бугеб гъираялъ, дица тIаса бищана ингилис мацI.
ТІубанго цIализе (балагьизе) ...